Левая колонка
Ассаламу г1алайкум, гьудулзаби. Г1емераб заман гьеч1о "Гъуниб" казияталъул т1оцебесеб номер къват1ибе биччаралдаса нусго сон т1убай к1одо гьабуралдаса. Х1акъикъаталда гьелъул хабар Дагъистаналдасаги Россиялдасаги къват1ибе ана. Аслиял гьалбадеридаса цояв вук1ана Россиялъул Пачализхъияб думаялъул депутат Сайгидпаша Г1умаханов, бищун х1урматияздаса цоял рук1ана Дагъистаналъулги Турциялъулги жамг1ияв х1аракатчи Щагьабудин Озденил бет1ерлъиялда гъоркь Турциялдаса рач1арал гьалбал... Гьедин жеги бечелъана Гъуниб районалъул 100 сон бараб казияталъул тарих. Гьединлъидал "Гъуниб" казият рокъобе бач1ине рес щвеялда ч1ух1изе бегьула щивав маг1арулав. Рач1а, х1урматиял гъунисел бищун цере нилъерго "Г
02:43
- Класс
ГЪУНИБ РАГЬАНА Ц1ИЯБ ЯСЛИ-АХ
13 март, 2024 сон. Гьениб гIахьалъи гьабуна ва кIалъазе рахъана Дагъистан Республикаялъул ХIукуматалъул Председателасул заместитель Муслим Телякавов, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатал МухIамад КIудиямухIамадов ва МахIмуддибир Каримов, республикаялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министрасул заместитель Халид НурмухIамадов ва Гъуниб районалъул администрациялъул бетIер Расул ХIусенов. Видиобухьеналдасан гьеб къо Гъуниб районалъул жамагIаталда баркана Дагъистаналъул ХIукуматалъул Председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги.
21:28
- Класс
ДУН ЧIУХIУЛА ТАРИХАЛДАСА
КIудияб асар гьабуна дие гIагараб Гъуниб районалъул газеталъ 100 сон тIубаялда бан, бачIараб редактор МухIамад Къебедовасул ругьелалъ. КIудияб баркала. Бокьун буго гьеб кIудияб лъугьа-бахъиналда тIасан дирго роххел загьир гьабизе.
Дир мунагьал чураяв эмен Эльдаров Камил абун вукIана гIагараб Кудалиб, Гъуниб мухъалда гуревги, тIолалго мугIрузул районазда халкъияб лъай кьеялъул хIалтIи гIуцIиялъул рахъалъ рагIарав хIаракатчи. Инсул лъикIаб бухьен букIана гьаб бицен гьабулеб казияталъулгунги. Гьелда гьесул рукIунаан жинцаго гьарурал кучIдул ва Гъуниб округалда халкъияб лъай кьей цебетIезабиялъул бицунел макъалаби.
Районалъул казияталъ бицана гIелмиялгун лъай кьеял
06:53
ГIемер заман бачIо «Гъуниб» газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе бачIаралдаса 100 сон тIубай кIодо гьабуралдаса. Гьеб букIана 2023 абилеб соналъул 11 абилеб ноябрь. РачIун рукIана цIакъ гIемерал гьалбал. Кинабго рехун тун, гьеб къоялде Гъуниве щвана Россиялъул пачалихъияб думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумаханов, Турциялдаса машгьурал магIарулал Шагьабудиин Озден, Фахрутдин Атаман, Оргьан Карадогъан, Дагъистаналъул щибаб магIарул районалдаса гIадин вакилзаби…
Лъабго лъугьа-бахъин ккана газеталъул юбилеялда цадахъ:
Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчилъун вахъана Туркиялда гIумру гьабун вугев машгьурав жамгIияв хIаракатчи, хъвадарухъан Шагьабудин Озден.
Лъебергоялдаса цIикIкIун соналъ Гъуниб р
09:52
- Класс
На этом пока всё
Войдите в ОК, чтобы посмотреть всю ленту
Друзья364
- Ренат СагитовМахачкала
- аварец АмировДАГЕСТАН
- Хасай Гаджиевс. Утамыш (Каякентский район)
- Саида ИбрагимоваМахачкала
13 подписчиков
Подарки
Группы46
- Telegraph — новости России и мира343091 подписчик
- Архивные жанры: автобиография103 подписчика
- Мюриды Ахмада Хаджи къ.с.269 подписчиков
- Белорусский подиум29316 подписчиков
- ФК ''СПАРТАК'' МОСКВА (РОССИЯ)22694 подписчика