_
Я Аллагь! Дица Дуда дирго унтиялъул бицана. Дуца жаваб кьуна (магlна): «Аллагьасул рахlматалдаса хьул къотlуге» – ян («Зумар», 53).
_
Дица Дуда бицана дирго рекlеда бугеб, лъиданиги лъалареб. Дуца жаваб кьуна (магlна): «...Хlакълъунго, Аллагь рехсеялъулъ батула рекlел парахалъи» – ян («Рагlд». 28).
_
Дица Дуда бицана диего квешлъи гьабулел гlадамазул хlакъакъалъул. Дуца жаваб кьуна (магlна): «...Гьел тlаса лъугьун те ва гьездаса тlаса лъугьаян Аллагьасде дугlа гьабе» – ян («Али Имран», 159).
_
Дица бицана дирго янгъизлъиялъул. Дуца жаваб кьуна (магlна): «...Ниж гьесде гlагар руго гьесул бидурихьалдасагицин» – ян («Каф», 16).
_
Дица Дуда дирго мунагьазул бицана. Дуца жаваб кьуна (магlна): «...Аллагь гурого мунагьаздаса тlаса лъугьунев щив вугев?» – ан («Али Имран», 135).
_
Дица Дуда гьарана дун живго тогеян. Дуца жаваб кьуна (магlна): «...Дун кlочонге ва Дида нуж кlоченаро» – ян («Бакъара», 152).
_
Дица Дуда бицана гlумруялда дидаго дандчlвалел захlмалъабазул Дуца жаваб кьуна (магlна): «...Ва Аллагьасукьа хlинкъулезе Гьес бокьараб хlалалдаса рорчlизе нух гьабула» – ян («Тlалакъ», 2).
_
Дица Дуда бицана дирго анищазул. Дуца жаваб кьуна (магlна): «...Дида гьаре ва Дица нужее жаваб гьабила» – ян («Гъафир», 60).
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев