ТУРЦИЯЛДА БАРАБ ЧАНГО
КЪОГИ ДЕПУТАТАСУЛ НИГАТГИ
РакIалда буго лъабго гIан соналъ цебе нижеца мунагьал чураяв СалтIаса художник, скульптор, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул кIицIулго Лауреат ГIалихIажи Сайгидовгун цадахъ Турциялде гьабураб сапаралда гьес тIоцебе абун букIана нилъер Халкъияв депутат МухIамад КIудиямухIамадовасул кIудияв эмен гьенив хутIун вугилан. Щив дандчIваниги ГIалихIажияс КIуядаса КIудиямухIамад лъалищан-рагIанищанги цIехолебги букIана. Гьев лъалилан абулев чиги ватун вукIана Турциялъул Ялова шагьаралда. Гьевги вукIана Хунзахъ мухъалдаса машгьурав наиб рекъав ХIажимурадил наслуялъул чи, Жагьид. Гьес бицун букIана нижеца цIехолев КIудиямухIамад гIумру гьабун вукIанилан Турциялъул Муш абулеб вилияталъул ракьалда.
Гьай-гьай, гьеб рохел нижееги нижедасаги цIикIкIун МухIамад КIудиямухIамадовасеги букIана. Кидадай гьевгунги цадахъ Турциялде сапар гьабизе щвеладай рукIана. Гьебги бараб букIана нахъеги ГIалихIажиясда.
Нижер цадахъаб сапар ккун букIана доб мехалъ министрлъун вукIарав, гьанже Пачалихъияб думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумахановасул кумекалдалъун. Ва цебе лъураб масъала букIана Дагъистаналдаса скульпторас гьабураб имам Шамилил памятник Турциялъул ракьалда лъей. Гьеб ишалъе байбихьиялъе квербакъарав чиги вукIана Сайгидпаша ГIумаханов.
ТIубанго памятникалда тIад унел харжал тIаде росун рукIана депутат КIудиямухIамадовас. ГIалихIажи Сайгидовасул гьеб хIалтIи гипсалдалъун лъугIунги букIана. Гьеб имам Шамилие гьабураб бюст бихьизе рачIун ва гьеб рекIееги гIун Турциялде нахъ руссун ун рукIана Ялова мухъалъул Кавказалъул диаспораялъулги нилъер гьенир ругел магIарулазулги вакилзаби МухIамад ва Гъази Айдимир.
ТIоцебе хабар букIана гьеб ГIалихIажияс гьабураб памятник я Стамбул шагьаралда, ялъуни Турциялда ругел магIарулазул тахшагьарилан рикIкIунеб Гюней-кой росулъ лъезе кколилан абураб. Живго авторасулги нижергоги гьелъул гьедигIан кIудияб батIалъиго букIинчIо, гIицIго цебе лъураб масъала тIубай гуреб.
Циндаго ракIалдаго гьечIого цоцада хадур гIумруялдаса ратIалъана дова Турциялда вукIарав, жинда КIудиямухIамадовасул кIудияв эмен лъалилан абулев вукIарав Хунзахъа рекъав ХIажимурадил наслуялъул чи Жагьид ва гьанив Дагъистаналда памятникалъул автор , машгьурав скульптор ГIалихIажи Сайгидов.
Бицунаго хутIараб хабарги, бронзалде сверизабизе кколеб памятникги… Щиб гьабулеб гьанже?!
- Дир гьабураб нигатги буго, нилъеца гьеб хIалтIи рагIалдеги бахъинабизе буго,-ян гьел шакдараби лъугIизаруна депутат КIудиямухIамадовас.
Гьабизеги гьабуна. Депутатас хIаракат бахъана гуржиязухъе кьун, гьеб памятник бронзаялде сверизабизеги, гьениса машинаялда МахIачхъалаялдаса кIиазаргогIан километраялъ рикIкIад бугеб Анкара шагьаралде щвезабизеги.
Гьениб гьеб рагьулеб къоялъ нижеца цадахъ гIахьаллъиги гьабуна. Гьай-гьай, гьеб лъугьа-бахъин цIакъ кутакалда кIодо гьабуна. Россиялъулги Турциялъулги хъулухъалъулалги жамгIиялги хIаракатчагIаз берцин гьабун букIана данделъи. Дагъистанияз гьеб цIакъ лъикI къабулги гьабуна. Гьезда гьоркьор рукIана ГIиракъалдаса, Азербейжаналдаса, Дагъистаналдаса, Турциялда жанирго ругел дагъистаниязул батIи-батIиял миллаталъул гIадамал.
Гьаниб цIалдолезул суал бачIине бегьула кинха байбихьуда ургъараб къагIидаялъ я Стамбулалда, я Гюней-ккой росулъги лъечIого гьеб бицен гьабулеб памятник Анкара шагьаралде ккараб абураб. Гьединаб магIнаялъул суал кьун букIана дие гьанже Анкараялде щвараб мехалъ машгьурав жамгIияв хIаракатчи, журналист, хъвадарухъан Яловаялдаса Шигьабудин Озденицагицин.
Гьениб, ай Анкара шагьаралда гIумру гьабун руго нилъер магIарулазул вакилзаби Яшарги Асиятги абун рос-лъади. Гьел жеги данделъилелдего дида лъалаан Яшар. Гьес чанго соналъ цебего тIоцебе дида бихьизабун букIана Турциялъул тахшагьаралда бугеб хъалаги жаниса шагьарги. Яшарица умумузул ватIаналде бугеб рокьуца хIаракат бахъана магIарул мацI лъалей гIадан лъадилъун ялагьизе. Гьесда гьей ятана Азербейжаналда. Данделъун хадуса Яшарицаги Асиятицаги сапар бухьана Дагъистаналде ва ниж тIоцере цадахъ щун рукIана Гъунире ва хадур Яшарил умумузул ватIан Гумбет районалде. Гьедин ккараб букIана нижер жакъа къоялдаги бугеб щулияб гьоркьоблъи.
ХIакъикъаталдаги Яшар мекъи ккечIо. Гьесда бажарана Асиятгун цадахъ тIолгодуняладаго тIиритIун ругел дагъистаниязул вакилзаби данделъараб мажлис гIуцIизе. «Турция-Дагъистан» абураб симпозиум ахIизе хIадурлъи гьабулеб бугилан Дагъистаналде ругьел щвараб мехалъ, имам Шамили цIаралда бугеб Халкъазда гьокьосеб фондалъул президент ГIалиасхIаб Хархачаевас загьир гьабураб букIана гьениб рагьизе лъикIан имамасе памятникги абураб пикру. Гьеб дандбазе гIедегIана Яшарги Асиятги Анкара шагьаралъул администрациялъул нухмалъулезухъе ва бищунги лъикIаб паркалда лъезе изну щвана имам Шамилил памятникалъе бакI.
ТIокIабги кинха, умумузул ватIаналдехун бугеб рокьиги хIасратги бихьизабилеб?! БитIахъе, памятник рагьигун, гьенир гIахьаллъаразулъ рештIун букIараб роххел бихьизе лъикIан! Пайда щибан кколеб букIана гьеб бихьизе живго автор ГIалихIажи Сайгидов цадахъ гьечIогоян…
Гьеб кинабго букIана Турциялда, рикIкIадаб Анкара шагьаралда. ТIубана скульпторасул анишги, депутатасул нигатги. Тарихалъе нугIлъиялъе хутIана турказул тахшагьаралъул паркалда Дагъистаналдаса скульпторасул памятникги.
Дир абуни, гьеб киналъго ва гьаб нухалъ Турциялда бараб анцIго къоялъги жеги щулалъизабуна къватIиб ракьалда апараглъиялда хутIарал ракьцоязул нилъедасаги цIикIкIун батилилан умумузул тарихалдехунги ВатIаналдехунги рокьи. Гьениб унго-унголъунги бихьулеб буго нилъее киназего хирияб цолъиялъул къуват ва магIна. Бокьилаан нилъерго бугеб тарихалдасаги ВатIаналдасаги нилъго дагьалги чIухIизеги рохизеги.
МухIамад КЪЕБЕДОВ,
Гъуниб- МахIачхъала-Анкара.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы посмотреть больше фото, видео и найти новых друзей.
Нет комментариев