БАЯЛЪУЛ БАЙРАМ
Жакъа, 20 абилеб апрелалда Гьонода росулъ бук1ана бищун лъик1аб къо. Росдал администрация, школалъул дирекция, мажгиталъу совет, жамг1иял церехъаби, депутатал, ай г1агараб росдал пикру бугелщинал цадахъ лъугьун, умумузулго къаг1идаялъ т1обит1ана ихдалил оц баялъул байрам. Рач1ун рук1ана росдал жанисаги къват1ир ругелги г1исиналгун ч1ах1иял. Т1орит1ана бат1и бат1иял къецал. Бергьаразе, жигаразе г1адаталда рекъон кьуна горал, сайгъал
..Гьанибги бут1а бук1ана росдал администрациялъул, цоги Рес бугезул... Цох1о мисал бачун тела, Гьонода росдал депутат Мух1амадов Мух1амадица бергьаразе кьезе бач1ун бук1ана анц1го рукьалда балеб саг1ат.
Оц баялъул байрам берцинго байбихьудаса ахиралде щвезег1ан бачана Гъуниб райсобраниялъул депутат, Гьонода росдал гьоркьохъеб школалъул муг1алим Арсен Х1ажиевас. Мух1канго газеталдасаги ц1ализе бегьила.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы посмотреть больше фото, видео и найти новых друзей.
Нет комментариев