Ассаламу гIалайкум, хIурматиял гьалмагъзаби. Жакъа къо байбихьизе кколеб буго ракIалдаго гьечIого бачIараб пашманаб хабаралдалъун.
ГIумруялдаса ратIалъана беразул микрохирургиялъул централъе Дагъистаналда кьучI лъурав, СССРалъул Сахлъи цIуниялъул отличник, Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур, республикаялъул Пачалихъияб премиялъул лауреат, медицинаялъул гIелмабазул доктор ГIабдулхIамид Давудович ГIалиев ва гьесул хъизан ПатIимат Мусаевна.
ГIабдулхIамид Давудович вукIана Дагъистаналдаги Россиялдаги рагIарав машгьурав беразул тохтур. Гьев ккола щунусгогIан гIелмияб хIалтIул автор. Гьалмагъзабазгун цадахъ гIумруялде бахъинабуна нусгоялдасаги гьанжесеб технология.
ГIабдулхIамид кIодо гьавун вукIана Северияб Кавказалдаго тIоцеве Россиялъул цIар арав офтальмолог С. Федоровасул цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб премиялдалъун ва меседил медалалдалъун.
ГIабдулхIамидил хIакъалъулъ гьаниб гIемераб жо ракIалде щвезабизе бегьула. Гьев вукIана гIагараб ЧIохъ росдал, Гъуниб районалъул , Дагъистаналъул унго-унгояв патриот. ГIабдулхIамидица жигараб гIахьаллъи гьабулаан жамгIиял лъугьа-бахъиназда. Абизе бегьула «Гъуниб» газеталъул гьудуллъунги вукIанилан. Нижергун, районалъул редакциялъулгун лъикIаб бухьенги букIана…
Бокьун буго гьаб къокъалъул ва тIолабго жамагIаталъул рахъалдасан «Гъуниб» газеталъул редакциялъул цIаралдасан гъваридаб пашманлъиялдалъун зигара базе ГIабдулхIамидил гIагарал-божаразда, лъалел-хъвалезда. Аллагьас иманалда тIоритIун ратайги. Хадур ругезе гIумруги сахлъиги кьейги.
Киналго ракIалда гьечIел балагьаздаса цIунун хутIайги. Хабарал лъикIал рагIайги.
Амин.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы посмотреть больше фото, видео и найти новых друзей.
Нет комментариев